Тема 7. Литературияб асаралъул анализ гьабулеб къагIида

 

Авар литература кьолел учительзабазул хIалтIулъ дандчIвалел гIемерисел гIунгутIаби рарал руго художествияб асаралъул ана­лиз гьабиялда. Бажарун анализ гьабизе лъималазда малъулел учи­тельзабазул хIалтIулъ рехсарал гъалатIал дандчIваларо. Анализ гьабичIого толел яги хашго гьабулезул дарсазда гьел гIунгутIаби камуларо. Ункъабилел классазул цIалдохъаби тIоцебе анализалъе ругьун гьаризе байбихьулелъул, гьеб гьабулеб къагIидаялъе цо-цо баян кьезин.

ГIадатлъун билълъун буго цIалараб текст кигIан лъималазул рекIелъе лъугьун бугебали, кинаб асар гьезие гьабурабали лъазе суалал кьолеб, хIасил бичIчIун бугищали баянлъизе цIех-рех гьабулаго, рачIине ккола анализалъе лъимал хIадуриялде. Гьеб мурадалда лъугьа-бахъинал, хасал хIужаби ракIалде щвезаризе кьолел суалазда гъорлъ рукIине ккола дандекквеял гьаризе, ургъизе, художествиял деталазул кIвар батизе тIамулел тIадкъаялги. Гьезие баян кьолаго лъимал хIадурлъула гIаммал хIасилазде рачIине. Масала, учителас лъугьа-бахъинал тартибалда загьир гьа­ризе цIалдохъабазе суалал кьолаго, хIисабалде босула гIицIго лъугьунел ишазул тартиб чIезабизе гуребги, гьезда гьоркьоб бугеб хурхен батизе, лъугьа-бахъиназда гIахьаллъулезул ишазе баян кьезе ва cунде гьез рачаралали хал гьабизе, героязул хасият-rlaмалалъул, хьвада-чIвадиялъул аслиял рахъал ратизе ккейги. Гьеб гуребги асаралъул анализ гьабизе лъикIаб хIадурлъилъун ккола тексталда гъорлъа кIвар бугел бакIал ратизе ва тIадруссун цIализе тIамиги. Гьединабниги анализалъе хIадурлъи гьечIони, киналго цIалдохъаби гурел асаралъул идеялда хадур гъезаризе кIолел. Щайха анализ къваригIараб? Щибаб художествияб асаралъул берда цере рехун рихьулел лъугьа-бахъинал гурелги, авторасул аслияб мурад жаниб лъураб нахъарукъги букIуна. Нилъеца цIалдохъаби ругьун гьаризе ккола гьеб нахъарокъобе нуцIа рагьизе, тексталда гъоркь бахчараб гъваридаб магIна бичIчIизе. Гьеб бичIчIиялде нух рагьулеб кIуллъун ккола анализ. Гьединлъидал rlaдатабниги анализ гьабичIого, асаралъул хазинаялде тIалъел рагьизе кIоларо. Лъималазда лъазе ккола сунца героял пуланаб иш гьабизе тIамуралали, гьезул тунка-гIуси ккеялъе, рекIел рахIат хвеялъе гIилла, гIамал-хасиятазул аслиял рахъал. ЦIалдохъабаз тIатинаризе ккола асаралъул художествияб каламалъул хаслъаби, герояздехун, гьезул ишаздехун ва тIолабго асаралдехун лъугьараб, жиндирго бербалагьиги баян гьабизе.

Художествияб асаралъул анализ байбихьула героязда гьоркьоб, тунка-гIуси ккеялъе гIилла тIатинабиялдаса. Масала, сунца тIамурав магIарулав rlypyc цIар ясалъе кьезе («Маша»). Анализалде рачIиналде тIолабго хIадурлъиялъул хIалтIи лъугIун букIине ккола. Анализалъе хасал суалал ва тIадкъаял рукIине ккола. Ана­лизалде буссараб букIуна тексталъул рагIабаздалъун жаваб кье­зе реc гьечIебщинаб суал. Анализалъе хIисаб гьабурал аслиял су­алал учителас дарсил планалде росула. ТIадкъаял тIуралагоги. аслиял суалазе жавабал кьолагоги лъимал хадур гъезе, гьезул пикру кIвар бугеб рахъалде буссинабизе гIемерал суалал кьезе ккола. Учителасул гьунаралда бараб букIуна гьединал суалаздаса махщалида пайда босун бажари: цIакъго гIиси-бикъинал, хIажатI гьечIого гIемерал суалаз аслияб пикру бецлъизабизе, гIадада заман инабизе бегьула; гьелдаго цадахъ цIалдохъаби кантIизаризе, цо пикру цогиялда хурхинабизе, гIаммаб хIасилалде нух бихьизабизе кумекалъул суалал гьечIогоги гIоларо. Гьединал суалал учителас планалда хъваларо, амма хIисаб гьабун букIине ккола кинал тIадкъаял ва суалал лъималазе захIмалъизе ругелали, ккани кинал кумекалъул суалал гьезие лъелелали.

Асаралъул жанралде, магIнаялде, гIуцIиялде балагьун, анализ гьабулеб къагIидаги, кьолел тIадкъаялги батIи-батIиял рукIуна. Масала, тексталда тIад хIалтIулаго учителас гьадинал тIадкъаял кьезе бегьула:

– цIализе ва героясул сипат– сурат цебечIезабизе;

– цIалулаго героязул гIамал– хасияталъул аслиял рахъал ратизе;

– кинав герой рекIее гIурав ва щаяли бицине;

– асаралъул аслияб мурад батизе, гьеб загьир гьабулел мухъал ратизе ва цIализе;

– художествияб асаралъул хаслъаби ратизе;

– художествияб каламалъул хасал рахъал: дандекквеял, эпитетал, рекIел хIал загьир гьабулел гвангъарал рагIаби ва гь. ц. ратизе ва гьезул кIвар бицине.

Анализ гьабулел формабаздаса рехсезе бегьула:

а) Гара-чIвариялъул формаялда анализ гьаби.

Гьеб буго анализалъул бищун тIибитIараб форма. Гара-чIвариялъе хIажатал суалал ва тIадкъаял кьун руго хрестоматиялдаги. Гьел гьечIо къокъго цо рагIудалъун яги предложениялдалъун жа­ваб кьезелъун хIисаб гьабурал тIадкъаял. Гьениб учителас хIисабалде босизе ккола цо-цо текстазда хадуб анализалъе гIурал суа­лал ва тIадкъаял гьечIолъи, ругезда гьоркьорги киналго гуро гьел анализалъе хIисаб гьабурал ругел. Гьединлъидал тIехьалда лъурал суалазда ва тIадкъаязда гIей гьабун чIечIого, учителас анали­залъе суалал хIадуризе, гьел кьолеб тартибги цебечIезабизе ккола. Анализ гьабулаго къокъал баянал гьоркьор чIвазаризе ккараб мехги букIуна. Лъималазулгун бахIс гIуцIила художествияб аса­ралъул текст гара-чIвариялъул чIагояб бутIалъун лъугьунеб куцалда, ай тексталдаса чIван къотIарал мисалалги рачун. Parla-ракьанде щун кинабго рахъ жанибе бачараб анализ гьабизе xlaжалъиги, заманги, ресги букIунарелъул, гара-чIвари гьабила цо хасаб мурадалде буссараб. Бахкалъул заманалда учителас жигар бахъула киналго цIалдохъаби гъираялда гара-чIвариялъулъ rlaхьал гьаризе, гIемерисеб мехалъ гьезухъ гIенеккизе, лъималазул жавабал дандеккезарулев дирижерлъун вукIине. Гара-чIвари rlyцIулаго, хасго тексталъулгун тIоцебесеб лъай-хъвай гьабун бахъарабго, лъималаздаса гIатIидал жавабал тIалаб гьабизе ккеларо. Калам цебетIезабиялъул, изложение хъвазе хIадурлъиялъул мурадалда гIуцIараб гара-чIвариялда жавабазул мухIканлъи, гIатIилъи тIалаб гьабизе тIадаб буго.

б) Анализ хIисабалда хIасил бицине тIами:

БатIи-батIияб формаялда хIасил бицине тIамиялъги лъималазул пагьму бегIерула. Малъулеб асаралъул матIна рекIелъ щула гьабиялъе ва калам цебетIезабиялъе гуребги, анализ хIисабалдаги хIасил бицине ругьун гьариялъул кIвар буго. Цебе лъураб мурадалде балагьун, хIасил бицине тIамулеб чанго батIияб форма буго:

1. Гьоркьоб жо биччачIого, гIатIидго, тIехьалда букIухъе xlaсил бицин.

2. TIaca бищун кIвар бугел бакIазул хIасил бицин.

3. Суалазда рекъон хIасил бицин.

4. Планалда рекъон хIасил бицин.

5. Цо героясул цIаралдасан хIасил бицин.

КIвар бугел бакIал тIаса рищун цIалиялда релълъине бачIараб творческияб хIалтIи ккола план гIуцIиги. Гьеб ккола хIасил баянал бутIабазде бикьи гуребги, тексталъул бутIаялъул гIадатаб анализлъунги. План гIуцIулелъул цIалдохъанас тартибалда аслиял лъугьа-бахъинал ратIа гьарула, гьезда хурхарал цогидал гьедигIан кIвар гьечIел баянал нахъе рехула, щибаб бутIаялъул аслияб магIна цIакъго къокъго цо-кIиго рагIудалъун яги предложениялдалъун хъвала. Гьеб гIезегIан цIикIкIараб творческияб хIалтIи буго. Гьединлъидал ункъабилеб классалда анализ хIисабалда план гIуцIиги гьелда рекъон хIасил бицине тIадкъайги гIатIидго билъанхъизабула. ГIадатабго план гIуцIиялъул, кьураб планалда рекъон тексталъул хIасил бициналъул хIалбихьн щола лъималазе байбихьул классаздаго.

БукIаниги ункъабилеб классалдаги байбихьизе лъикIаб буго гIадатал планал гIуцIиялдаса, хадуб хIадурарал мисалиял планал кьун, ахиралде рачIине ккела жалго план гIуцIизе тIамиялде. Гьединал тIадкъаял хрестоматиялда гIезегIан руго.

Анализгун синтез гьабизе кколеб бищун захIматаблъун буго цо пуланав героясул цIаралдасан хIасил бицин. Цин цIалдохъанас хIисаб гьабизе ккола тIолабго хабар-къисаялда жаниб гьев герой цеве ваккулел бакIазул, цойгидал герояздехун гьесул бугеб хурхеналъул ва асаралъул аслияб мурад загьир гьабизе авторас гьесие кьун бугеб бутIаялъул. Гьелда тIад ургъичIого, гьев геройлъун живгоги чIун, гьесул цIаралдасан хIасил бицун бажаруларо. Гьениб цIалдохъаби лъикI ургьизе ккола жиндир цIаралдасан бицине бугев героясда хурхарал, гьесда рицине кIолел лъугьа-бахъинал данде гьариялда тIад. Масала, Самил кIодол цIаралдасан хIасил бицунеб бугони («ХIинкъараб сапар»), гьелда къисаялъул гIезегIан лъугьа-бахъинал ва гьел ккеялъе гIилла лъаларо. Гьелъ бицина noxlo жиндаго лъалел лъугьа-бахъиназул, гьел ккараб куцалъул ва ккеялъе гIиллаялъул. КIодол цIаралдасан бицунеб бугони, байбихьизе ккела гьадин: «Цо нухалъ кватIараб сардилъ къватIие яхъарай дида бихьана азбаралъуб багъаргъулеб чIегIерлъи. ХIайвандай бугоян аскIое йилъиндал, лъана гьеб жо гIадан вукIин. Гьвел рукъалда гIагардаги вугелъул, гьев чи Самил гьудул Наби вукIине кколин ракIги чIезабун, (Самицаги Набицаги гьениб гьвел рокъоб бахчун батулаан жидерго хазина), гьадигIан кватIараб мехалъниги рагьтIаса вичIуларев чиго кинаван ццин бахъун, гьесда гIaнca кIутIизеян аскIое йилъана: вугоха зодов-гIодов цун цеве чIуh гьадав кулак гьавун къватIиве витIарав Асильдерил вас Залимхан. РакI букIкIун ана, амма чанги диеги дир лъималазеги гIазаб кьурав Асильдерил васасда хIал лъазе теларилан, лъугьана гьесде семизе. Бугоха борхьица гьан кванаяс, къерщезе цабиги гьарун, дун чIвазе ханжар къватIибе цIалеб. ЦIоро-гъорон дунги хутIана, дица ахIи бахъинабилилан хIинкъарав куц буго, жив вихьанилан цIар бахъани, мунги дур зуригатги лъугIизарилилан дие хIинкъабиги кьун, жидерго букIараб бахIри – Нухиги бачун, тIагIана цевеса рокьукъав хъачагъ. Дунгони щиб, гIумру арай гIаданг Самида хIинкъиялъ рогьинегIан макьу щвечIо. Радал вахъаравго Hуxи балагьизе Сами жувайдал, аскIовеги ахIун малъана: «Вореха кIодол канлъи, росу тун къватIивехун унге, рукIкIараб мехалъ къватIахъ чIоге, квешал чагIи дунялалда жеги лъугIун гьечIилан.» Балагь бачIадил рагьун бицине дидаги кIвечIо, цохIо гьеб рижиялда рухIлъурай чIужу йигелъул дунги, цевеса тIагIани, цIехезе йортулаан. MIerlep нохъода аскIор чIван ратарал гIадамалги гьав бидуласул иш батилилан щакдарана. Ургьибе цIа бараб гIадин йикIана гьел къояз. Гьедин рукIаго нахъ буссун Нухаги бачIана, лъималги гIодоре риччана, амма дие хIалхьи букIинчIо.

Цо сордоялъ вас Сами лъугьана вахъарине. «Щиб дуе лъугьараб», – ан цIехедал «карщица чехь унтизабун бугилан» зигардана...» Гьеблъиялда кIодоца бицина жинцаго сордо рогьараб куцалъул, гьарурал хиялазул, вас жийгоги гуккун тIагIун ватиялъул, Алхасихъе, хадуб Къасумихъе иналъул, ахир лъукъарав Самиги вачун, хIалихьатги ккун, Къасумил къукъа тIад буссиналъул, гьел рачIинегIан жиндирго букIараб хIалалъул. Цойгидаб щинаб жо гьелда лъаларелъул, гьоркьоб биччала.

Гьедин бицине бегьула щивав героясул цIаралдасанги. Гьебин абуни, захIматаб творческияб хIалтIи буго; гьелъиеги лъимал ру­гьун гьаризе ккола. Гьединабго анализалъул рахъ цIикIкIараб бу­го жидерго рагIабаздалъун къокъаб хIасил бициналъулги.

Литература бачунев учителасе цохIого цо гьукъараб жо буго щибго мурад гьечIого «гьадинго» хIасил бицине цIалдохъаби тIами. Лъида кин асар бичIчIун бугебали, лъихъан кин бицун бажарулебали хал гьабизелъун хIасил бицине цIалдохъаби тIами ккола дарсил заман гIадада биччайлъун. Учителасе бокьун батани асаралъул гIуцIиялде, лъугьа-бахъиназул рахасалде хасаб кIвар кьезе, гьебмехалъ класс хIалтIизе ккела къокъабго хIасил бициналда тIад. КIвар буссинабулеб бугони асаралъул пасихIлъиялде, каламалъул бечелъиялде, гьебмехалъ бегьила тексталда букIахъе гIатIидго хIасил бицине тIад къазе. Классалъ цо героясул къисматалъул хал гьабулеб, яги асаралъул цогидаб рахъалде кIвар кьолеб бугони, мустахIикъаб букIина тIаса рищарал бакIазул хIасил бицине яги цо героясул цIаралдасан гьесул ккарабщинаб жо баян гьабизе тIадкъай. Гьединабго хIалтIи ккола кIалзул (бицун) суратал рахъи, цо-цо лъутьа-бахъиназул сценарий гIуцIи, диафильмабазул кадраби ургъизе ва бицине тIами.

ГIицIго лирикиял кучIдузул хIасил бицине тIамизе бегьуларо: гьелъ гьайбатаб асар бутIараб сакъисалде сверизабула.

Учителас хIасил бициналъул мурад ва форма лъималазда цебе лъеялдаса байбихьула рехсараб къагIидаялъ асаралъул аналиа гьабизе.

в) Анализ хIисабалда пасихIго цIали.

Кинаб къагIидаялъ гьабуниги анализ лъугIула пасихIго цIалиялдалъун. КIудияб асар малъулеб бугони, гьединаб цIалиялъе poсула идея загьир гьабизе квегIенлъи бугел аслиял бакIал, хрестоматиялда гьединал бакIал рекIехъе лъазабизе тIадкъаял ратула. Гьезулги мурад буго кигIан кIваниги лъикI пасихIго цIализе xlaдурлъи гьаби. Авторасул мурадалда, героязул гIамал-хасияталдя хадур гъун ругони, лъималаз текстги, гьелъул тIаса рищарал бутIабиги пасихIго цIалула. Гьебмехалъ пасихIго цIалиялъ анализалъул хIасил бихьизабула. Масала, «ХIамаги БацIги» абураб мартьа. Кьурулъ хутIаряв ГIали» ролазде бикьун пасихIго цIалиялдалъун баянлъула гьел асаразул анализ кин ккарабали. Гьединаб къагIпдаялъ пасихIго цIалиялъул батIи-батIияб мурад букIуна. ПасихIго цIали анализалъул аслияб формалъун букIуна цохIо дарсие хIисаб гьабурал лирикиял кучIдул малъулеб мехалъ. ГIададисеб хIалтIи буго ЦIадаса ХIамзатил «МахIач Дахадаев», М. ТIагьирил «Чвахун цIад», Расул ХIамзатовасул «Маша» гIадал асаразул кинаб букIаниги формаялда хIасил бицине тIами. Гьелъ зарар гуреб хайир кьоларо. Гьениб къуваталде лъугьуна пасихIго цIали. Гьелъул хIакъалъулъ нахъа гIатIидго бицун буго.

г) Тексталъе баян кьей – анализалъул цо форма.

Тексталъе баян кьей анализлъун лъугьуна лъимал асаралда тIад ургъизе тIамулел ругони. Масала: учителас тIад къала «Радал вахъарасул кьегIер цIуяб» абулеб кициялъе баян кьезе киная хIалбихьи халкъалъ гьелда жаниб лъун бугеб, сундуе мисал гьеб кколебали (бицун яги хъван) гьелъул магIна рагьизе. Хъвалеб бугони, лъугьина гьитIинаб сочинение. Гьединго кочIол мухъазда художествиял рагIабазда гъоркь бугеб магIна рагьизелъун лъималаз, цIалулаго баян кьола, гьел хадур гъоларел бакIазул живго учителас баян кьун рагьула гьезул магIна. Лъугьа-бахъиназе, героязул ишазе баян кьолаго, художествияб каламалъул хаслъабазул бицунаго, асаралъул идея рагьула, авторас гIумру гьедин бихьизабиялъе гIилла тIатинабула.

Цебелъураб мурадалде балагьун, гьеб формаялъ анализ гьабизе бегьула къокъал баянал кьун цIалиялдалъунги, гIатIидал баянал тIалаб гьабиялдалъунги.

д) Анализалъе ТСОялдаса пайда боси.

Художествияб асарги гьелдасан гIуцIараб кино-къисаги данде кквеялъ рес кьола гIатIидго асар рекIелъе лъугьине ва магIна мухIканго бичIчIизе. Ункъабилеб классалда малъулел асараздаса бахъараб кино яги театр гьечIониги, «Полкалъул вас» абураб киноялдаса Ваня Солнцевги «ТIасалъугьа, гьалмагъ майор» абураб хабаралдаса Сашаги данде кквезе бегьула. Жидецаго цIалараб тексталдасан, кочIодасан диафильмаби гIуцIани, яги учителасул нухмалъиялда гъоркь сценаялда рихьизаризе, ролазде бикьун, къокъалго асарал хIадурани, жалго гIахьаллъун гьел лъунани, анализ цIакъго гъваридаб, рекIелъ чIолеб лъугьуна.

Гьединго асаразда тIасан художниказ рахъарал суратаздасанги гIатIидго пайда босула анализ гъварид гьабизе. Цого темаялда кIиго батIияв художникас (рагIул устарас ва релъабазул мастIерас) гIуцIарал образал данде кквезе тIамун, гIаммал ва хасал рахъал ратун, битIараб хIасилалде рачIинги лъикIаб анализ кко­ла. Абухъего, суратаз кумек гьабула асаралъул аслиял бакIал, героял батIаго гвангъун церечIезаризе. Художникас бихьизабизе бе­гьула рагIул устарас гьоркьоб тараб бакIги, гьоркьоб биччазе бе­гьула асаралда рехсарал деталалги. Гьелъ нилъее реc кьола цого жоялъухъ батIи-батIияб рахъалъ, батIи-батIиял бераздалъун ралагьизе.

Суратаздаса пайда босула рагIул устарасул аслияб. пикру якъинго загьир гьабизе гуребги, дандекквеялъул кьучIалда гIамлъизабиялде рачинеги. Киналго лъималазда гуреб асаралда жанир кколел лъугьа-бахъинал гвангъун церечIезаризе кIолел, кIваниги гьезда гъорлъа аслиял бакIал ратIа рахъизе бажарулеб. Гьединлъидал анализ гъваридго бачине ва заман нахъе tIokI гьабизе суратазги рее кьолеб. Художниказ рахъарал суратал школалда ратичIони, жибго ункъабилеб классалъул жеги тIасиял классазул бажари бугел лъималазул кумекалдалъун рахъизе бегьула гьел. ЦIакъго лъикIал гьечIониги, гьездаса анализалъе пайда босизе лъикIаб буго. Масала, ункъабилеб классалъул дарсиде учителас росун рачIана 7–10 классалъул цIалдохъабаз, учителасул гьариялда рекъон, лъабго гьунар гьабурав бахIарчиясул хIакъалъулъ рахъарал суратал. Гьезда лъабабго гьунар гьабулеб лахIзат бахъун буго. Маргьа цIалун хадуб, кигIан гъираялда лъималаз гьездаса пайда босилеб, кигIан къимат гьабилеб гьез жалго «художниказулги» ализалъе гьезул букIинеб квегIенлъи. Гьедин лъикI ккарал суратал папкабазда жанир литературияб кабинеталда данде гьаризе ва цIунизе ккела.

Суратаз гуребги анализ гъварид гьабизе рес кьола музыкаялъги. Баянаб жо буго цо-цо лъималазе кечI рекIехъе лъазабизе бигьалъула жидеего бокьулеб роцада данде кколеб бакъаналда тIехьалдасан тIаде ралагьун ахIани, яги рикIкIани. Героязул рекIелъ бугеб рохел, гьединго пашманлъи, каранлъ бакараб кор ва бакIаб къварилъи загьир гьабизе рагIабаздалъун захIматго кIола, амма музыкаялда кIола гьединаб хIал чIаго гьабизе ва гьелъ цIалдохъабазул ракIазе кIудияб асар лъугьинабула: героязул рекIелъ букIараб цIадул гьалагал карачелал гьулчун гьезул рекIелъеги чвахула. Литератураялъул дарсида рес рекъон музыка хIалтIизабиялъ асаралъул аслияб магIнаялда бигьаго лъимал хадур гъезаризе кумек гьабула.

ХIалбихьиялдалъун лъалеб жо буго анализалъул киналго формаби цоцаздаса тIей гьечIел рукIин. БукIунаро, букIине реcги гьечIо «гIицIаб гара-чIвариялъул», яги «гIицIаб цIалулаго баям кьеялъул» дарс. Рехсарал анализалъул формаби батIи-батIиял материал малъулаго батIи-батIияб къагIидаялъ хIалтIизаризв бегьула, цо-цо формаялъ дарсил лъикIаланго заманги бахъизе бегьула, амма ункъабилеб классалда цIикIкIун кIвар кьезе ккола литератураялъул дарс тIадагьго ва рухсун иналде. Гьединлъидал анализги гьоркьоб чIван цо дарсида батIи-батIияб тайпаялъул хIалтIаби гьаризе ккола. Гьел киналго хIалтIабазул мурадги цо буго: литературияб лъайгун тарбия кьеялъул кьучIалда лъималазул гIакълу цебетIезаби.

Сайт создан по технологии «Конструктор сайтов e-Publish»